Малла Насрудиница хIамул рикьараб куц

Малла Насрудиница хIамул рикьараб куц


Гьединаб цо жиндихъаго бажарулареб иш тIаде бачIараб мехалъ, кумекалъе Малла Насрудин ахIулеб гIадат букIанила гьав судиясул. Гьанжесалалъги, хадув чиги витIун, Малла Насрудин ахIанила хIамул рикьизе.

РекIун жиндирго цо хераб хIамидагун, гIемераб мех балелде Малла Насрудин тIаде щванила.

ДагIбадулазухъ гIинги тIамун, Малла Насрудиница гьикъанила гьазда:

- Нужее кин рикьизе рокьун ругел гьел хIамул? – абун.

- Нижее бокьун буго, нижеца кьураб гIарцуда рекъон, щивасе кколел хIамул щвезе, цо хIама кIибикьизеги бегьиларо,  ян абунила гьаз.

Рилълъа гьел хIамул кир ругелали дида рихьизаре, дица рикьила гьел щивасе чан чан кколеб батаниги, букIине кколеб куцалда,  ян абунила Малла Насрудиница.

Гьениса рилълъун хIамузда аскIоре щваралго, дагIбадулазул анцIила анкьго хIамида гьоркьобе анцIила микьго гIезе жиндирго хераб хIамаги биччан, хIамул рикьизе лъугьанила Малла Насрудин.

- Ле, Малла Насрудин, дурго хераб хIамаги гьоркьобе ккезабун гьел рикьизе гуро мун ахIун вугев. Дур хIама нижее хIажат гьечIо, нижее нижералго ругони гIела,  - ян ахIданила дагIбадулал.

- Нужеда ракIалде ккоге дун гIадаллъун вугилан. Дун гIадаллъун гьечIо. Нужеца дагьаб мехалъ сабру гьабе, дица нужее кколесе кколелгIан хIамулги кьела, ахиралда дирго хIама диегоги тела,  ян абунила Малла Насрудиница.

Хадуб гьас тIоцевесев дагIбадуласда гьикъанила:

- Кинабго гIарцул бащдаб дуцайищ кьураб?

У, дица кьуна,  ян абунила гьес. ХIамузда гьоркьоса ичIго хIама батIаги гьабун, Малла Насрудиница гьесда абунила:

- Гьале гьаб ичIабго хIама дур ккола, раче дурго хIамул.

Хадуб Малла Насрудиница кIиабилесда гьикъанила:

- ХIамузухъ кьураб кинабго гIарцул лъабго бутIа гьабун, цо бутIа дуца гурищ кьураб?

- У.

- У батани, дуе ккола анлъго хIама, баче гьаниса анлъго хIамаги, мунги паракъалъе.

Ахиралда лъабабилев дагIбадуласда гьикъанила Малла Насрудиница:

- Дуца кинабниги гIарцул ичIго бутIа гьабун цо бутIа гурищ кьураб? АнцIила микьгоялдасан гьеб ккола кIиго. Дуеги ккола кIиго хIама. БитIун гьечIищ?

- БитIун буго.

- БитIун батани, баче дурго кIиябго хIама.

Гьанже гьаб хутIараб цо хIама буго дирго хераб хIама,  янги абун, гьезие къолъикIги гьабун, жиндирго хIамидаги рекIун, гьавги анила рокъове.


Report Page